Аслияб гьумералде

Дилим росулъ мажлис-ифтар

Дилим росулъ мажлис-ифтар

Дилим росулъ мажлис-ифтар

 

Казбек районалъул Дилим росдал аслияб мажгиталда тIобитIана мажлис-ифтар.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул СТОялда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировас, Казбек районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмадрасул Качалаевас ва цогидазги.

Мажлис рагьана Къуръан цIалиялдасан, ахIана мавлидал, гIалимзабаз гьаруна вагIза-насихIатал.

Гьебго тадбиралда хIасилал гьаруна «имамасда цадахъ 40 как» абураб акциялъулги. Жигарал гIахьалчагIазе кьуна Баркалаялъул кагътал ва цогидалги сайгъатал.

Гьединго мажлисалда гIахьаллъаразда гьоркьоб тIобитIана гIумраялде ине ихтияр кьолеб путевка бергьиналъе можоро реххиги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...