Аслияб гьумералде

Камилаб хIежгун гIумраялъул даража

Камилаб хIежгун гIумраялъул даража

Камилаб хIежгун гIумраялъул даража

ХIурматиял бусурбаби. БетIергьан Аллагьас нилъее гIемерал ресал кьун руго гIибадат гьабизе. Нилъее щолеб кири цIикIкIине букIинелъун рихьизарун руго хириял гIужал ва бакIал. ГIужалги ккола - ражаб, шагIбан ва рамазан, мухIаррамалъул тIоцебесеб анцIго къо, рузман сордогун гIидалъул сардал. Хириял бакIал руго лъабабго хирияб мажгит, гьелда хадур цогидал киналго мажгитал.

 

ХIарамалъул хирияб ракьалде кидаго ун чиясухъа гIемер бажаруларо. Нилъеда бажарулеб жо буго хириял гIужазда хадуб хъаравуллъиги ккун, мажгитазде хьвадиялда тIадчIей гьабизе. Хасго рогьалил какде хьвадиялде цIикIкIараб кIвар кьезе. Гьелъ щибго квалквалги гьабуларо дунялалъул цогидал хIалтIабазе. Рогьалил как жамагIаталда баялъул хиралъиялъул гIемер бицана. Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бокьун гьелда хурхараб цогидаб рахъалъул.

Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Рогьалил как жамагIаталдаги бан, бакъ баккизегIан Аллагь рехсолев мажгиталдаги чIун, кIиго ракагIат бани, гьеб релълъуна хIежгун гIумра камилго, камилго, камилго гьабиялда», - ян. Имам Муслимица бицараб хIадисалдаги буго, Бичасул авараг ﷺ рогьалил как бан хадуб лъикIго бакъ баккизегIан гIодов чIолев вукIанин абун.

Балагьеха, бусурбаби, бугищ гьеб иш гьедигIанго захIматаб? Хасго гьаб сордо гьитIинаб заманалда бакъги хехго баккула, зухIа базегIан мажгиталда чIани, гьарулел вирдалги берцинго тIурала, игIтикафалъул кириги щола. Нилъеда гьоркьор гIезегIан рукIуна хIалхьиялда ругел, ригьалде рахарал гIадамал, гьединго, радалго рахъун хIалтIуде ине кколарелги. Гьединазе ва цогидазе хIежгун гIумра гьабиялъул кири рокъорги рукIун босизе киса щолеб жо букIунеб?

Имам Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Как бараб бакIалдаго чIарасде гьесул какичури биххичIебгIан заманалда малаикзабаз гьадинаб дугIа гьабула: «Я, Аллагь, гьесул мунагьал чуре, гьесдаги гурхIа», - ян.

Имам АхIмадица бицараб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ абулеб буго: «Бакъ баккизегIан Аллагь рехсолев, такбир, тахIмид, тасбихI, тагьлил бачунев вукIине цIикIкIун бокьила дие ИсмагIил аварагасул наслуялъул кIиго яги жеги цIикIкIун лагъ тархъиялдасаги…», - ян.

Гьаб цебе рехсралдаса нилъее баянлъана щибго гIакъуба бихьичIого, гIемераб гIарац харж гьабичIого хIежгун гIумраялъул кири, рогьалил какдаса зухIа базегIан мажгиталда чIаралъухъ БетIергьанас нилъее кьолеблъи.

Аллагьас тавпикъ кьеги лъаралда гIамал гьабизе!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...