Аслияб гьумералде

Хучада росдал гIолилазул дандчIвай

Хучада росдал гIолилазул дандчIвай

Хучада росдал гIолилазул дандчIвай

«Табук» абураб чIорбутI речIчIулезул клубалда тIобитIана Хучада росдал гIолилазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас, МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадгIариф Сиражудиновас, районалъул гIолилазул гIуцIиялъул председатель МухIаммад Дибировас, Хучада росдал имам МахIмад Чохоловас, росдал бегавул ХIамзат МухIаммадовас ва цогидазги.

Гьенибго тIобитIана спорталъул рахъалъ батIи-батIиял къецалги ва бергьарал кIодо гьаруна шапакъатаздалъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...