Аслияб гьумералде

«Рохелалъ» рохалида тIобитIана

«Рохелалъ» рохалида тIобитIана

Исанасеб сезон лъугIизе танин абизе бегьула Шамил районалъул Къваниб росдада аскIоб бугеб «Рохел» абун цIар лъураб сах гьариялъулгун хIухьбахъиялъул лъималазул лагералъ. Гьеб лагералъе кьучI лъурав чиги ккола гьебго росулъа предприниматель Аминов МухIамад. Гьесул бажариялдалъун лагералда гIуцIун руго киналго шартIал ва абизе бегьула гьеб релълъунин шагьаралъул цо гьитIинаб бутIаялда. Гьенир руго пихъил, акациялъул, махил ва цогидалги гъутIби. Чаран-магIардаса бачун буго лъим. Буго лъабгониги лъел хIавуз.

Лагералде хIухьбахъи гьабизе рачIуна Дагъистаналъул киналго шагьараздасагун районаздаса лъималги.

Исанасеб сезон къаялде дандеккезабун, лагералда тIобитIана, Аминовасул призазе гIоло, лъим ххаялъул рахъалъ къецал. Турнир гIуцIун букIана райадминистрациялъул, «Шамил районалъул гIолилал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул, АОО «АС Патриоты» гIуцIиялъул жигарчилъиялдалъун.

Къецал тIоритIана 17 сонил ригьалде рахинчIезда ва 17 соналдаса тIадехун аразда гьоркьор. Бергьаразе кьуна кубокалги, медалалги ва гIарцулал сайгъаталги.

Къецазда тIоцебесеб бакI ккуна Гьолокьа Халидшаев Халидшаца, кIиабилеб бакI – гьебго росулъа Халидшаев АхIмадица ва лъабабилел бакIал - лагералъул гIолилал МухIаммадов МухIаммадрасулицагун Асадулаев ХIажица.

Гьединго, лагералде рачIарал лъималазда малъула исламалъул аслабиги. Масала, исана шагьараздаса рачIарал 15 гIолиласда малъана как базе, гьеб рахъ камил гьабуна цогидазулги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...