Аслияб гьумералде

ЧIарада гьаруна хIасилал

ЧIарада гьаруна хIасилал

ЧIарада районалъул ЦIуриб росдал дом культураялда тIобитIана риидалил гIодоркъояз лъимал мажгит-мадрасабазда цIалун лъугIиялъул исана ахир гьабиялда хурхун тадбир.

Гьеб къо лъималазгун гIахьал гьабизе рачIана гьитIичазул эбел-эменал, Муфтияталъул представителзаби ва районалъул жамагIатчагIи.

Данделъиялда гьаруна риидалил курсазда цIаларал лъималазда гьоркьор тIоритIарал къецазда цересел бакIал ккурал васазегун ясазе гIарцулал сайгъатал. Гьединго, ракIалдещвеялъулал сайгъаталгун баркалаялъул кагътал кьун кIодо гьаруна: «Молодёжь Чарода» попечительского советалъул председатель ИсмагIил ИсмагIилов, районалда вугев рухIияб лъай кьеялъул руководитель Салман Абакаров, ЦIуриб росдал имам Рамазан АхIматIилов, «Инсан» фондалъул районалда ругел хIалтIухъаби ва риидалил курсазда мугIалимлъи гьабурал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...