Аслияб гьумералде

Халкъазда гьоркьосеб конференция

Халкъазда гьоркьосеб конференция

Халкъазда гьоркьосеб конференция

Башларовасул цIаралда бугеб гIелмиябгун клиникияб централда тIобитIана «Традиционная исламская медицина сквозь призму инноваций» абураб халкъазда гьоркьосеб конференция.

БРИКСалде гьоркьоре унел улкабазул тохтурзабазул гIахьаллъигун тIобитIараб конференциялда бицана жакъа церечIарал масъалабазул, ругел ресазул ва тIоритIана мастер-классал.

ОАЭялъул ва КСАялъул сахлъи цIуниялъул рахъалъ БРИКСалъул коалициялъул гIакълучи ГIабдула Рашед Ас-Сувайдиица абуна жинда цIакъ гIемер рагIун букIанила Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицунеб. «Дун битIахъе гIажаиблъун хутIана нужеца гьалбал къабул гьарулеб куц бихьидал. Ниж хIадурал руго цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе, хIалбихьи цоцазе кьезе. Дагъистан ва гьаб медицинаялъулаб вуз букIина нилъер цадахъаб хIалтIи гьабиялъе кьучI лъолеб бакIлъунги», - ян абуна гьес.

Гьеб тадбир гьабиялъе квербакъи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъ, БРИКСалъул сахлъи цIуниялъул коалициялъ ва Башларовасул цIаралда бугеб гIелмиябгун клиникияб централъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...