Аслияб гьумералде

ТIолгороссиялъулаб форум

ТIолгороссиялъулаб форум

ТIолгороссиялъулаб форум

«Я люблю Россию: Россия - это мы!» абураб ахIиялда гъоркь тадбир тIобитIана МахIачхъалаялда, «Россия - моя история» тарихияб паркалда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул хIукуматалъул органазул вакилзабаз, харабазул советалъул гIахьалчагIаз, диниял хIаракатчагIаз, гIелмияб интеллигенциялъ ва студентаз.

Форум рагьана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министрасул тIоцевесев заместитель Арсен МахIмудовас. Гьес бицана тIобитIулеб тадбиралъул бугеб кIваралъул, хасго гьанже гIадаб захIматаб заманалда цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе кколеблъиялда тIадчIейги гьабуна. Цинги кIалъазе вахъана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев.

Муфтияталъул цIаралдасан кIалъана республикаялъул муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадов. Гьес абуна ДРялъул муфтияс киназдего салам битIанин ва бичIчIизабуна исламияб диналъ ракълидеги ритIухълъиялдеги ахIулеблъи.

Тадбиралда кIалъана республикаялъул руччабазул советалъул председатель Интизар Мамутаева, Россиялъул БахIарчи Загьид Загьидов, тахшагьаралъул депутатазул собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель Хиби ГIалиев ва цогидалги. Гьез цокIалго рахъ ккуна улкаялъул президентас ва республикаялъул бетIерас бачунеб бугеб жакъасеб политикаялъул ва киназулго ракIчIезабуна СВОялда нацизмалда тIад Россиялъул армиялъ бергьенлъи босизе букIиналда.

ГIолилазде хитIабгун кIалъана СВОялда вугев гIолиласул эбел ПатIимат Сеферова.

Тадбиралда ахIана ватIан бокьиялде куцалел кучIдулги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...