Аслияб гьумералде

«Салатавиялъул цолъи»

«Салатавиялъул цолъи»

«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир.

Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурад, МухӀаммад Мукъошдибиров - муфтияталъул Северияб округалда вугев вакил, Казим Темирбулатов - муфтияталъул председателасул заместитель, районалъул имамзабазул советалъул председатель Ражаб ГӀабдулазизов, Басир Нуцалов - районалъул администрациялъул бетӀерасул заместитель ва районалъул регионалияб жамгӀияб гӀуцӀиялъул гӀолилазул куратор МухӀамад Дагуев.

Гьениб тӀобитӀарал спортивиял тадбиразда бергьаразе кьуна шапакъатал.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...