Аслияб гьумералде

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб»

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб»

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб»

«Лъимал ккола нилъер букIинесеб» абураб девизалда гъоркь, ЧIикIаб росулъ тIобитIана «Имамасда хадуб 40 рогьалил как» абураб тадбир.

Гьеб акциялъул хIасил гьабидал, I70 лъимаде щвана хIатIимашина (велосипед), гьединго 39-40 какде хьвадаразеги кьуна гIакъилал сагIтал. Цониги лъимер хутIичIо сайигъат щвечIебги, кинабниги букIана 90 сагIат. Гьеб акциялда гIахьаллъарал чIахIиязда гьоркьоб можоро рехун бергьана гIумраялде ине путевкаги.

ТIадбиралда гIахьаллъи гьабуна Буйнакск шагьаргун районалъул имамзабасул советалъул председатель ГIабдулла-хIажи Ацаевасгун заместитель ХIабиб Исраповасги.

Росдал имам МухIаммад ГьитIиновас баркала кьуна акциялда гIахьаллъи гьабуразе.

Тадбиралъул ахиралда росу бакьулъан цIиял хIатIимашинабиги рачун гьабуна велопробегги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...