Аслияб гьумералде

ХIажизабаз гIедегIил гьабизе ккола

ХIажизабаз гIедегIил гьабизе ккола

«Марва-Туралъ» лъазабулеб буго тIадеялъул хIежалде ине бокьараз документал кьеялъул иш нахъбахъун тогейилан абун.

ХIеж-компаниялъул лъазаёбухъе, «Эконом» программаялда рекъон хIежалде ине бокьаразул гьанжеялдего 70 процент гIун рагIула. Гьединлъидал, хадуб кватIун ккечIого букIине, хирияб ракьалде сапар бухьине ракIалда бугез хIаракат бахъизе ккола кIварабгIан хехго документал жанире кьезе.

СагIудиязул ГIарабиялъ щибаб улкаялъе бихьизабураб квота букIунелъул, Россиялъул хIажизабазе бихьизабураб къадар цIун хадуб, документал къабул гьаризе рес букIунаро.

Гьелда бан, «Марва-Туралъ» лъазабулеб буго хIажатаб баян щвезе бокьарал жидер компаниялъул офисалде рачIайин абун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...