Аслияб гьумералде

ГIолилазулгун дандчIвай

ГIолилазулгун дандчIвай

ГIолилазулгун дандчIвай

ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель дандчIвана КIособ росдал гIолохъабигун.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул гIоло-хъабазул цевехъан Камил Давудовас, КIособ росдал имам СагIаду МухIаммадовас ва цогидазги. Тадбир нухда бачана муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIумаровас.

КIалъазе рахъараз бицана гIолилазда церечIарал масъалабазул, тIаде гIолеб гIелалъ цIалуде, лъай босиялде кIвар кьезе кколеблъиялъул ва бищунго аслияб жо – нилъер щивасул хьвада-чIвади, рукIа-рахъин букIине кколеблъи шаригIаталъул къануназда рекъараб.

Гьелдаса хадуб тIобитIана чIорбутI речIчIиялъул рахъалъ къецал ва ахиралда гьабуна гIаммаб дугIаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...