Аслияб гьумералде

Муфтияталъул председатель ва Гьудуллъиялъул минаялъул директор

Муфтияталъул председатель ва Гьудуллъиялъул минаялъул директор

Муфтияталъул председатель Шамил ГIалиханов дандчIвана МахIачхъалаялда бугеб Гьудуллъиялъул минаялъул директор Аида ГIалиевагун. Культураялъул кIалгIаялъуб тIобитIараб дандчIваялда гьез бицана цадахъ рекъон гьаризе рес бугел хIалтIабазул. Аида Тажудиновнаялъ абуна гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIуе жал кидаго хIадурал ругин ва гьелъул хIакъалъулъ муфтиясе биценги гьабун букIанин. Гьеб дандчIваялда, гьединго, гIахьаллъи гьабуна миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Мурад Шафиевасги.

ДандчIваялъул ахиралда Гьудуллъиялъул минаялъул нухмалъулелъ гьалбадерие гьабуна экскурсия ва гьел рачана Россиялъул халкъазда гьоркьосеб Гьудуллъиялъул музеялде, бихьизабуна Миллияб ратIлил лаборатория ва бицана жидецаго тIоритIулел тадбиразул.

Мобильнияб приложение хIалтIизе биччана

Дагъистаналъул муфтияталъул хIаракаталдалъун мобильниял алатазе кумекалъе хIалтIизе биччана цIияб приложение. Гьеб хIалтIизе буго Android ва IOS абурал операциялъулаб базаялъул кьучIалда.

Приложениялъул кумекалдалъун рес буго онлайн-низамалда гIалимасдасан бокьараб суалалъе жаваб щвезе. Гьединго гьелъ лъазабула какил гIуж щвараблъи, бихьизабула къибла бугеб рахъ ва гIенеккизе бегьула Къуръан цIалулеб къагIидаялъухъ. Гьеб приложение санагIатаб буго хасго нухда ругезе. Сапаралъ унезе рес буго гьелъул кумекалдалъун мажгит бугеб бакI лъазеги. Приложениялъул кумекалдалъун бокьарав чиясул рес букIине буго муфтияталъ гьабулеб хIалтIи бихьизеги.

Белоруссиялъул делегация – Дагъистаналда

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандихъе гьоболлъухъ рачIун рукIана Белоруссиялдаса гьалбал, ай Халкъазда гьоркьосеб жамгIияб палатаялъул президиумалъул делегация. Гьезие нухмалъи гьабуна рехсараб палатаялъул сопредседатель, экспертнияб советалъул председатель Александр Ольшевскияс. Гьединго гьалбадерида цадахъ вукIана Халкъазда гьоркьосеб жамгIияб палатаялъул комиссиялъул председатель Керимхан ГIумахановги.

Гьалбадерица бицана МугIрузулаб улкаялде гьоболлъухъ рачIиналъе ккараб цогидаб гIиллаги букIанин республикаялъул халкъалда ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялъулаб байрам барки.

Беларуссиялдаса рачIараз бицана Дагъистаналъул муфтияталъ гьабулеб бугеб лъикIаб хIалтIул хIакъалъулъ жидедаги рагIулин ва муфтиясе баркала загьир гьабуна гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъе бахъулеб хIаракаталъухъ. Александр Ольшевскияс шайих АхIмад афандие кьуна сайгъатал ва кIодо гьавуна медалалдалъун.

Муфти дандчIвана вице-президентгун

Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандихъе вачIун вукIана ДРялъул дзюдоялъул рахъалъ федерациялъул вице-президент, МахIачхъала шагьаралъул № 49 школалъул директор ГIабдулкерим Айгунов. Гьесда цадахъ вукIана дунялалъул кIицIул чемпион, эркенаб гугариялъул ва рагъулаб самбоялъул рахъалъ Россиялъул спорталъул мастер МухIаммад ЖабрагIиловги.

Гьез баркала загьир гьабуна муфтиясе хIурматияб къагIидаялда жал къабул гьаруралъухъ ва бицана муфтияталъ гьабулеб хIалтIудаса цIакъ рази ругиланги. Гьез бицана школазул цIалдохъабазе рухIияб тарбия кьеялъул рахъалъ бугеб кIваралъул, лъимал ватIан бокьулеллъун ва кIудиязул хIурмат гьабулеллъун куцазе ккеялъул.

Школалъул директор хIисабалдаги гьеб рахъалде жинца кIвар кьолин бицана ГIабдулкерим Айгуновас. Жидеца мисал босизе мустахIикъав чи вихьулев вугони, лъималазе тарбия кьеялъулъ гьединаб хIужаялъ асар гьабичIого толаро. Гьединлъидал щивав учителас хIаракат бахъизе ккола гIолеб гIелалда мисалги битIараб нухги бихьизабизеян бицана муфтиясги.

ЦIалдохъаби щвана «Гьидаяталде»

ДРялъул муфтиясул заместитель МухIаммад Майрановасул нухмалъиялда гъоркь, МахIачхъала шагьаралъул № 49 школалъул цIалдохъабазе экскурсия гьабуна Дагъистаналъул исламияб университеталда ва «Гьидаят» руччабазул централда. Гьениб цIалдохъабазда рихьизаруна университеталъул аудиториял, спортзал ва бицана гьениб кьолеб лъаялъул хIакъалъулъ.

Гьединго бицана «Гьидаят» централъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъги. «Гьаб жакъасеб тадбиралдаса цIалдохъаби цIакъ разиго хутIана. Гьадинал тадбиралги ризго тIоритIизе кколеблъи бихьулеб буго», - ян бицана школалъул директор ГIабдулкерим Айгуновас.

Росгвардиялъулалгун данчIвана

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул Гъизляралда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIабдулла ГIабидов, отделалъул хIалтIухъан Абусуфьян Къадиев дандчIвана Росгвардиялъул хIалтIухъабигун. Аслияб темаги букIана «ГIамал кIодолъи ва чIухIи» абураб. Аварагасул хIадисалда буго алжаналде унин чIухIи гьечIев, чияе зарал гьабуларев ва налъи тIаса лъугьун тарав чийилан абун. Гьел гIамалал чорхолъ куцалде ругьун гьаризе ккола нилъеца нилъгоги.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...