Аслияб гьумералде

Палестинаялдаса рачIарал муфтиясухъе щвана

Палестинаялдаса рачIарал муфтиясухъе щвана

Палестинаялдаса рачIарал муфтиясухъе щвана

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил гьариги къабул гьабун, гьесухъе щвезе рачIана Палестинаялдаса рачIаразул цо бутIа.

Гьезда цадахъ вукIана республикаялъул бетIерасул кумекчи МухIаммад ХIажимухIаммадов ва «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммадрасул МухIаммадов.

Гьалбадерида гьоркьор рукIана Гъазалда тохтурзабилъун хIалтIулел рукIаралги.

Шайих АхIмад-афандица БетIергьанасда гьарана Палестинаялъул ракьалъе рекъел ва батIи-батIиял бакIазде лъутизе ккарал рокъоре тIадруссиналъе Аллагьас квербакъи гьабегийилан абун.

ДандчIваялъул ахиралда гьез жамагIат гьабун какги бана.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...