Аслияб гьумералде

Муфти дандчIвана СМИялъул вакилзабигун

Муфти дандчIвана СМИялъул вакилзабигун

Муфти дандчIвана СМИялъул вакилзабигун

ДРялъул муфтияталъул конференц-залалде данделъун рукIана СМИялъул вакилзаби. Гьелъие гIиллаги букIана Дагъистаналъул муфтигун дандчIвазе бокьи.

Гьениб «Ас-салам» газеталъул, Ислам.ру, Исламдаг.ру сайталъул редакторзабаз, «ННТ» ва «ВатIан» теле-радиоканалазул нухмалъулез, муфтияталъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъабаз бицана жиде-жидецаго гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

«Дида гьедун абизе кIола дир нухмалъиялда гъоркь хIалтIулезда гьоркьов гьечIо лъикIав гурони чи. Дида сверухъ квешал чагIи рукIине ресги гьечIо», - ян абуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица.

 

 

 

 

 

Гьес бицана гъалатIал кколарев чи вукIунарин ва бищун лъикIаб иш бугин ккараб гъалатI битIизабизе хIаракат бахъи ва гьедин гьабизе рес кьуралъухъ БетIергьанасе шукру гьаби.  Гьединлъидалин абуна АхIмад-афандица, щивав чияс хIаракат бахъизе кколила жамгIияталъе пайдаявлъун вукIине ва пайдаял ишал гьаризе. 

ДандчIваялъул ахиралда муфтияс СМИязул вакилзаби кIодо гьаруна Баркалаялъул кагъталги къиматал сайгъаталги кьун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...