Аслияб гьумералде

«Гъизилюрт шагьаралъул хIурматияв гражданин»

«Гъизилюрт шагьаралъул хIурматияв гражданин»

«Гъизилюрт шагьаралъул хIурматияв гражданин»

Гьединаб цIар кьуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандие ва гьеб цIар кьеялъе хIукму гьабуна шагьаралъул депутатазул собраниялъул анкьабилеб ахIиялъул 13-абилеб сессиялда.

Рехсараб шагьаралъул депутатазул собраниялъул председатель Насрула ХIасанбековас абуна муфтиясул хIаракатаб хIалтIул рехсезе ккеларин, гьеб киназдаго лъалин, амма хас гьабун Гъизилюрталъул хIурматияв гражданинлъун гьев рикIкIиналъе ккараб гIиллаялъул бицинин.

«Киназдаго ракIалде щвезабила, АхIмад-афандица динияб нух байбихьана гьаб шагьаралдасан. Улкаялъулги Дагъистаналъулги бусурбабазе захIматал соназ гьес нухмалъи гьабуна гьаниб букIараб исламияб институталъе. Гьес гIемераб хIалтIиги гьабуна Гъизилюрталда дин цебетIезабиялъе, гьаниб лъуна унго-унголъунги щулияб, рухIияб кьучI. Жакъа гьеб кьучIалда тIад бараб рухIияб минаги буго къалъ-къалъун», - ян абуна Н. ХIасанбековас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...