Аслияб гьумералде

Муфти дандчӀвана исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе, лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул директоргун

Муфти дандчӀвана исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе, лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул директоргун

Дагъистаналъул муфтияталда тӀобитӀана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандида ва исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе ва лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул директор Михаил Грязновасда гьоркьоб дандчӀвай.

Данделъиялда гьоркьор лъуна исламияб ва светияб лъай кьеялъул масъалаби, гьединго, гӀелмияб бербалагьи щула гьабизе ва лъай кьеялъулъ гӀелмияб компонент цебетӀезабизе ккеялъул суалал. Бицана гӀемерал цадахъал проектазе квербакъи гьабулеб бугин муфтияталъги фондалъги абун. Россиялъул халкъазе пайдаялъе батӀи-батӀиял хӀалтӀаби хадурккунги цадахъ рекъон церетӀезаризе кколин абураб разилъи загьир гьабуна гьез.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...