Аслияб гьумералде

БетIерас тIаде босана

БетIерас тIаде босана

МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталъул азбаралда чIвараб чодрохъе гIемерав чи вачIуна щибаб къойил кIал биччазе. Рамазан моцIалъул тIоцебесеб кIиго къоялъин абуни, кIал биччазе бокьаразе хIажатаб квен-тIехалъул масъала жиндего тIаде босун букIана Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовас.

Республикаялъул щибаб шагьаралдагун районалда ругел мажгитахъги санагIалъаби гьарун руго рамазан моцIалъ кIал биччазе бокьаразе. Аслияб куцалда гьеб хIалтIи тIубазабиялъул гIуцIарухъанлъун ккола «Инсан» фонд. Бищунго кIудияб чадирин абуни чIван буго тахшагьаралъул КIудияб мажгиталъул азбаралда. Гьениб щибаб сордойил кIал биччала чанго азарго чияс.

Рамазан моцIалъул тIоцебесеб кIиго къоялъ гьенир гьарулел харжал тIаде росана ДРялъул бетIерас. КIиабилеб къоялъ гьес жинцагоги гIахьаллъи гьабуна рехсараб тадбиралда. Гьеб къоялъ кIал биччазе гьенире рачIун рукIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди, Россиялъул бусурбабазул рухIияб собраниялъул муфти Альбир Крганов ва Татарстаналъул муфти Камил Самигуллин.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...