Аслияб гьумералде

Луганскиялде сапар

Луганскиялде сапар 

Луганскиялде сапар

ДРялъул делегация дандчӀвана Луганск шагьаралъул администрациялъул вакилзабигун ва рехсараб шагьаралъул бетӀерасул ишал тӀуралей Яна Пащенкогун.

Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев; Россиялъул бусурбабазул цӀиял ракьалда бугеб Динияб идараялъул координатор Шарапудин МустӀафаев; ДРялъул муфтияталъул Северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибиров.

Данделъиялда гьез борхана эбел-инсул тӀалаб-агъаз гьечӀого хутӀарал, СВОялъул гӀахьалчагӀазул лъималазул риидалил хӀухьбахъи гӀуцӀиялъул суал, бицана школа лъугӀиялъул тадбиразда гӀахьаллъизе ккеялъул ва халкъалъе квербакъи гьабиялъул мурадалда тIоритIулел тадбирал гӀумруялде рахъинаризе рукIиналъул хIакъалъулъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...