Аслияб гьумералде

ЦIияб Гъаякенталда республикаялъулаб мажлис

ЦIияб Гъаякенталда республикаялъулаб мажлис

Гъаякент районалъул ЦIияб Гъаякент росулъ тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис. Гьединаб кIудияб ва кIвар бугеб тадбир районалда тIобитIана тIоцебесеб нухалда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул председатель ГIабдулла Салимовас, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад Майрановас, ЦТОялда вугев муфтияталъул вакил ГIабдулла Аджимоллаевас, МахIачхъалаялъул имамзабазул советалъул председатель Даниял Умаиловас, Избербаш шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIаммадовас, районалъул бетIер МухIаммад Эльдерхановас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Салман Насрудиновас.

Республикаялъул батIи-батIиял бакIаздаса рачIаразе вагIза-насихIаталгун цере рахъана машгьурал гIалимзаби ва диниял церехъаби.

Рехсараб тадбиралда хIасилал гьаруна «имамасда цадахъ 40 рогьалил как» абураб конкурсалъул ва тIолалго лъималазе кьуна сайгъатал.

Гьединго данделъаразда гьоркьоб можоро рехана гIумраялъ ине рес кьолеб путевка щвеялъеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...