Аслияб гьумералде

Халкъазда гьоркьосеб форум

Халкъазда гьоркьосеб форум

МахӀачхъалаялда рагьана «БукӀинесеб рахъалъ диалог: гӀолилал, иман, цолъи» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум.

Гьеб гӀуцӀана ДРялъул муфтияталъ, исламияб маданияталъе, гӀелмуялъе, лъай кьеялъе квербакъи гьабулеб фондалъул кумекалдалъун.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батӀи-батӀиял регионаздаса ва къватӀисел улкабаздаса рачIарал гьалбадерица.

РФялъул президентасул жанисеб политикаялъул департаменталъул нухмалъулев Евгений Ереминица форумалъул аслияб мурадги рехсолаго, бицана гьеб рахъалъ жакъа улкаялда гьабулеб бугеб хIалтIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул муфтиясул рахъалдасан форумалъул гьалбадерие салам кьуна муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурадица.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...