Аслияб гьумералде

ГурхIел-рахIмуялъулаб тадбир

ГурхIел-рахIмуялъулаб тадбир

Дагъистаналдаса велосипедал рачине бокьулел данделъун рукIана гьал къоязда тахшагьаралъул аслияб майданалде.

КIудияб Бергьенлъиялъ 78 сон тIубаялъул хIурматалда гьениб тIобитIана гурхIел-рахIмуялъулаб тадбир. Гьелъул мурадги букIана унтарал лъималазе кумек гьаби.

Тадбир гIуцIун букIана республикаялъул муфтияталъгун цадахъ, «Инсан» фондалъ.

Акциялда гIахьаллъи гьабуна 1500-гIанасев чияс. Гьезда гьоркьор рукIана гIисиналги чIахIиялги. Спонсораз бергьаразе кьуна гIумраялъ ине рес кьолеб путевкаги, гьединго, щуго велосипедги.

Аслияб майданалдасан гьел ана «Анжи-Аренаялде» щвезегIан ва нахъа тана 12 километр. 

Гьеб акциялъул хIасилалда бакIарана миллионгIанасеб гъурущ. Кинабго гIарац битIана унтарал лъималазе къваригIараб-тараб босизе.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...