Аслияб гьумералде

Цолъизариялъулаб данделъи

Цолъизариялъулаб данделъи

Цолъизариялъулаб данделъи

14 маялда Ленинкенталда бугеб «Версавия» абураб залалда муфтияталъул руччабазул лъай тIибитIизабиялъул отделалъ тIобитIана гьеб посёлокалъул руччабазе гIуцIараб гIелмияб мажлис. Гьениб рорхана нилъер заманалда чара гьечIого лъазе кколел суалал, аятаздалъун, хIадисаздалъун, берцинал насихIатаздалъун, рекIелъе рортулел къисабаздалъун гIемерал масъалабиги мухIкан гьаруна.

 

Рехсараб отделалъул нухмалъулей Ирина ГIалиевалъ бицана бусурбаби цолъиялъул бугеб кIваралъул. Гьединго отделалъул хIалтIухъан Аслипат Ганаматовалъ хъизамалда жаниб кинаб гьоркьоблъи букIине кколебали, цоцазе кин квербакъи, кумек гьабизе рекъон букIунебали, гьитIинаб жоялъухъцин баркала загьир гьабиялъулъ рос-лъадиялъе бугеб пайдаялъул бицана.

ГIабдулхIамид Юсуповасул цIаралда бугеб школалъул цIалдохъабаз мавлидал ахIана, Аварагасул ﷺ гIумруялъул тарих ракIалде щвезабуна.

ГIисиналгун чIахIиязе батIи-батIиял суалал кьун, викторина тIобитIана, битIун жавабал кьурал сайгъатаздалъун рохизеги гьаруна.

 

Хадижат Хизриева

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...