Аслияб гьумералде

Форумалда гIахьаллъи гьабуна

Форумалда гIахьаллъи гьабуна

Форумалда гIахьаллъи гьабуна

«Сибирь – территория диалога» абураб цIаралда гъоркь Томск шагьаралда тIобитIараб форумалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса делегациялъги. Гьелъие нухмалъи гьабуна республикаялъул муфтияталъул вакил Шамил ГIалихановас.

Гьединго форумалда гIахьаллъана Россиялъул бусурбабазул РухIияб собраниялъул нухмалъулев, муфти Альбир-хIазрат Кргановас, Томск областалъул губернатор Владимир Мазурица, Сибиралъул бусурбабазул РухIияб идараялъул муфти Зулькъарнай-хIазрат Шакирзяновас ва цогидазги.

Шамил ГIалихановас абуна форумалъул гIахьалчагIазде салам битIанин ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица ва бицана нилъеца гIумру гьабулеб бугин батIи-батIиял диназул вакилзабаз, миллатаз гIумру гьабулеб улкаялда.

«Нилъ киналго батIи-батIиял ругониги, гIумру гьабулеб буго цо хъизамалъ гIадин. Цолъиялъулъ буго нилъер къуватги. Гьединлъидал нилъеца кIвараб хIаракатги бахъизе ккола рикьалаби гьарулездаса рикIкIад чIезе, гьединазда кколеб рагIи абизе», - ян бицана муфтияталъул вакилас.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...