Аслияб гьумералде

Муфти дандчIвана Хив районалъул вакилзабигун

Муфти дандчIвана Хив районалъул вакилзабигун

ЦерегIанго къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандихъе гьоболлъухъ рачIун рукIана Хив районалдаса вакилзаби. Гьезда гьоркьов вукIана районалъул бетIер Ярмет Ярметов, культураялъул, спорталъул ва гIолилазул политикаялъул рахъалъ отделалъул начальник Казбек Казиев, имамзабазул советалъул председатель Шабан СалихIов, диниял хIаракатчагIи ва гIолилал.

«Жакъа муфтияталъ гьабулеб бугеб цIакъго кIвар цIикIкIараб хIалтIухъ, районалъул жамагIаталъул рахъалдасан бокьун буго, хIурматияв муфти, дуе, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе», - ян абуна районалъул бетIерас. ЛъикIаб гьоболлъи гьабуралъухъ гьез баркала кьуна АхIмад афандие. Муфтияс гьезиеги гьабуна насихIат ва гьезул суалазе кьуна жавабалги.

«Инсан» фондалъул иргадулаб кумек

Араб моцIалда жаниб «Инсан» фондалъул хIаракаталдалъун Каспийск шагьаралъул гIадамазе щвана 370 тонна лъел. Гьединаб акция тIобитIун букIана рехсараб шагьаралда лъел рахъалъ къварилъи букIиналда бан. Шагьаралъулазе лъим бикьана щибаб къойил. Гьединго лъим щвезабуна шагьаралъул тIоцебесеб поликлиникаялдеги. Гьеб рахъалъ гIемераб кумек гьабуна спонсоразги. Херал чагIазе ва гIиссинал лъимал ругел хъизамазе лъим рокъо-рокъобе щвезабуна волонтераз.

ЦIияб спортзал

ЦIобокь-Миякьоб росулъ рагьана «Universal Fighters» клубалъул филиал. Гьеб рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаев, Гъизилюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадгIариф Сиражудинов, росдал бегавул ГIабдулгIазиз СултIанов, «Universal Fighters» клубалъул нухмалъулев ва тренер Мурад МирзахIажиевгун Расул МухIаммадгIалиев, машгьурал спортсменал ва тренерал.

«Бусурбанчи вукIине ккола сундулго рахъалъ цеветIуравлъун. Аллагьасе гIибадат гьабиялдаго цадахъ нилъеца гьабизе ккола сахаб гIумруги. Сахаб гIумру гьабиялъейин абуни квербакъула спорталъги», - ян бицана кIалъазе вахъарав И. Асадулаевас.

10 рукъ сайгъат гьабуна

Предприниматель ва меценат Арслан Ражабовас, «Инсан» фондалъул хIисабалда ругезул, 10 чиясе сайгъат гьаруна рукъзал.

«Декабрь моцIалъ машгьурав предприниматель ва меценат Арслан Ражабов вачIун вукIана фондалде. Халкъазда гьоркьосеб инвалидазул къоялда бан тIобитIараб тадбиралда кIалъалаго гьес лъазабуна бищун хIажатав 10 чиясе рукъзал росизе дица тIаде босулеб бугин. Гьес гьедин гьабизеги гьабуна ва фондалъул сияхIалдаса 10 хъизамалъул цIарги гьанже нахъе хъвагIана», - ян бицана фондалъул пресс-хъулухъалда.

Къецалъул гIахьалчагIигун дандчIвана

ДРялъул муфтияталъул председатель Шамил ГIалиханов дандчIвана Къуръан цIалиялъул рахъалъ канлъукъазда гьоркьоб тIобитIараб ТIолгороссиялъул конкурсалда бергьенлъи босарав МухIаммад ГIабдулдибировгун.

Шамил ГIалихановас, муфтиясул цIаралдасан, гьесда бергьенлъи баркана ва лъикIабщинаб гьарана. «РакI-ракIалъ баркула дуда бергьенлъи. Ниж цIакъ рохаралги руго гьеб къецалда дагъистанияс бергьенлъи босиялдаса. Аллагьас кумек гьабеги, ракIалда ругел мурадал тIурайги. Гьеб бергьенлъиялде унаго гIезегIан гIакъуба бихьун батулеблъи хIакъаб буго. Аллагьас къуват кьеги хадубккунги Къуръан лъазабизе», - ян абуна Ш. ГIалихановас.

ДандчIваялда гIахьаллъи гьабуна муфтияталда цебе бугеб Къуръан цIалиялъул централъул нухмалъулев МухIаммадхIабиб Будуновас ва мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаевас.

Къуръан цIалиялъул рахъалъ «Живая традиция» абураб цIаралда гъоркь ТIолгороссиялъул V конкурс тIобитIана Саратовалда. Гьебги тIобитIана онлайн-низамалда.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Санкт-Петербургалдаса, Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса, Дагъистаналдаса, Чачаналдаса, Челябинск, Пенза ва Саратов областаздаса вакилзабаз.

«Зарядкаялдаса байбихье къо»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, 1 январалъул къо МахIачхъалаялда тIобитIана зарядка гьабиялдасан. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместителал ва кумекчагIи ГIабдулла Аджимоллаевас, МухIаммад Майрановас ва Идрис Асадулаевас, гьединго, Олимпиялъул чемпион, ДРялъул спорталъул ва физическияб культураялъул рахъалъ министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбековас ва гIемерал цогидазги.

Гьеб къоялъ гьединаб акция тIобитIана тIолабго улкаялдаго. Гьелда гIахьаллъиги гьабуна сахаб гIумру гьабиялъул рахъ кколел аза-азар чагIаз.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...