Аслияб гьумералде

Муфтияс гӀахьаллъи гьабуна

Муфтияс гӀахьаллъи гьабуна

Шималияб Кавказалъул диниял идарабазул вакилзабазулгун данделъи тIобитIана МВДялъул бетIераб управлениялъул нухмалъулез. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги.

Данделъи тӀобитӀана полициялъул генерал-полковник Сергей Бачуриница. Гьединго, гӀахьаллъана экстремизмалде данде къеркьолеб централъул хӀалтӀухъаби ва регионалъул аслиял диназул вакилзаби.

Данделъиялъул гӀахьалчагӀаз хӀукму гьабуна цадахъ рекъон хӀалтӀизе ва хӀалтӀул хасаб къокъа гӀуцӀизе, гражданияб жамгӀияталъул парахалъи цIуниялъул, терактал ккечӀого рукӀиналъул мурадалда.

Гьениб Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди мустахӀикълъана Россиялъул Жанисел ишазул министерствоялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалъул бетӀераб идараялъул рахъалдасан медалалъе, рухӀиял гӀадатал ва диназда гьоркьосеб рекъел щула гьабиялъулъ лъураб кӀудияб бутӀаялъухъ, жамгӀияб хӀалтӀулъ бихьизабулеб жигараб хIалтIухъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...