Аслияб гьумералде

ННТялъ бергьенлъи босана

ННТялъ бергьенлъи босана 

ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир.

Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана.

Финалалда гьел дандчIвана Дагъистаналъул Лъай кьеялъул ва гӀелмуялъул министерствоялъул гӀолилазул спортивияб школалъул (Маркаровасул школа) командагун. ПалхIасил, хIай лъугӀана ННТялъулазул бергьенлъиялдалъун (2:1).

Баркула командаялда мустахӀикъаб кубок! Гьарула гьезие жеги чIахIиял бергьенлъаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...