Аслияб гьумералде

Муфтияс баркана ражаб моцI

Муфтияс баркана ражаб моцI

Муфтияс баркана ражаб моцI

Дагъистаналъул муфти, республикаялъул гIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад-афандица бусурбабазда баркана тIаде щвараб ражаб моцI. «Ассаламу гIалейкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу! ХIурматиял вацал ва яцал! РакIракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб хирияб ражаб моцI.

Бухарияс ва Муслимица бицараб аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЛъагIалида жаниб бугеб 12 моцIрол ункъояб ккола хIарамалъул моцIал. Гьезулги лъабгояб буго цоцада хадуб бачIунеб - зулкъагIида, зулхIижа ва ражаб».

Гьаб моцIалъ гьабураб лъикIаб ишалъухъ Аллагьас кири хъвала чанго нухалъ цIикIкIинабун, гьединго, гьарурал мунагьазухъ гIазабги цIикIкIинабула. Гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола лъикIал ишал цIикIкIун гьаризе, аварагасдаса ﷺ мисал босун хьвадизе ва БетIергьанасда гьарула сах-саламатго рамазан моцIалда дандчIвай гьабизе нилъер щивасе икъбал. Киназего гьарула сахлъи, лъикIал ишал гьаризе тавпикъ ва къуват. Амин». Гьадин хъвалеб буго муфти, шайих АхIмад-афандил бусурбабазде гьабураб баркиялда.

МЭРасул заместителасулгун дандчIвай

«А-салам» газета тIибитIизабулеб отделалъул нухмалъулев Мурад МухIаммадов дандчIвана ДРялъул тахшагьаралъул мэрасул заместитель Назим Рамазановгун ва «МСЧ МВД России по Республике Дагестан» ФКУЗялъул начальник, жанисеб хъулухъалъул полковник МухIаммад МухIаммадовгун. Гьез бицана шагьаралъул идарабазда «Ас-салама» тIибитIизабиялъул ругел ресазул хIакъалъулъ.

«Уют» - хъизамалъул талихIалъул центр

«Уют» абураб цIаралда гъоркь хъизамалъул талихIалъул центр рагьана МахIачхъалаялда. Гьебги рагьана тахшагьаралъул аслияб мажгиталда цебе. Гьелъул аслияб мурадги буго хъизам гIуцIи, гьеб цIуни ва рос-лъадуда лъикIабщинаб малъи. «Централъ кумек гьабула росасе лъадиги лъадуе росги валагьизе. Гьединлъидал, ригьалъухъ балагьичIого, бокьарав чи вачIине бегьула централде. Буго гьениб рикIкIадасанго гарачIвари гьабулеб къагIидаги. Щивав чиясул баяналги балъго гьарула», - ян бицана централъул вакилас. Гьединго, централда хIалтIулеб буго хъизамалъулав психологасул кабинетги. Гьениб психологас рос-лъадуе кумек гьабула церечIарал масъалабаздаса рорчIизе.

ТIадеги баян лъазе бокьараз бухьен кквезе бегьула телефоналъул гьаб номералдеги ахIун: 8 (989) 655 03 52.

Лъазаби

Дагъистаналъул муфтияталъ лъазабулеб буго миллион гъурщил призалъулаб фонд бугеб къец. Гьеб тIобитIизе буго «Шейх Сайфулла-кади Башларов: жизнь и творчество» абураб тIехьалда тIасан. ТIоцебесеб бутIа тIобитIизе буго 15 маялда, кIиабилеб - 22 маялда. Цинги хIасил гьабизе буго 29 маялда, МахIачхъала шагьаралда. Къецалда гIахьаллъизе ихтияр буго, ригьалъухъ балагьичIого, бокьарав чиясул. ТIадеги баян щвезе бокьараз ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 7(988) 293 09 90.

ЦIумаде сапар

«Ас-салам» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Руслан МухIаммадов щвана ЦIумада районалде. Гьев дандчIвана райадминистрациялъул бетIерасул заместитель Халилула МухIаммадовгун, лъай кьеялъул управлениялъул начальник Зайнаб ГIабдусаламовагун. Гьез бицана районалда бугеб хIалалъул ва «Ас-салам» газеталъе подписка гьабулеб бугеб къагIидаялъул.

Новосибирскиялда - аварагасул ﷺ рас

«Мусульманский мир Сибири» абураб выставка тIобитIулел къояз Новосибирскиялде рачIун рукIана тIолабго дунялалдасаго бусурбабазул хириял асарал. Шагьаралъул гIадамазда ва тIаде рачIарал гьалбадерида рихьизе лъун рукIана МухIаммад аварагасул ﷺ рас ва цогидалги алатал. Гьеб тадбирги халат бахъана 4 февралалдаса 7 февралалде щвезегIан. Новосибирскиялда гьединаб тадбир тIобитIана тIоцебесеб нухалда. Гьелъ квербакъизе буго диназда гьоркьосеб бичIчIибуголъи лъугьинабизе.

«Ас-саламалъул» хIалтIухъаби данделъана

«Ас-салам» газеталъул тIолалго хIалтIухъаби данделъараб мажлис тIобитIана гьал къоязда. Гьеб нухда бачана бетIерав редакторасул заместитель МухIаммадрасул МухIаммадовас. Байбихьуда дугIаги гьабун, кIалъазе рагIи кьуна Лак районалъул имам МухIаммад Саламовасе. Гьелдаса хадуб газета хъваялъул тIаде босараб иш тIубазабуразда гьоркьоб рехана можоро ва бергьаразе кьуна гIумраялде ине рес кьолеб путёвка. Гьебин абуни щвана Унсоколо районалъул имам МухIаммад ГIабдулахIидовасе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...