Аслияб гьумералде

ХIебда имамзабазул данделъи

ХIебда имамзабазул данделъи

Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель Ризван ХIажиевасул нухмалъиялда гъоркь, ХӀебда росулъ тӀобитӀана районалъул росабазул имамзабазул данделъи.

Аслияб суалги букӀана тӀаде щвараб баракатаб рамазан моцӀалде хӀадурлъи гьабиялда хурхараб. Районалъул имамас бицана хирияб моцӀалъ гьабулеб гIибадаталде жеги цIикIкIун кIвар кьезе кколеблъиялъул, мажгитазда Къуръан гӀемер цӀализе ккеялъул, росабалъ байрамалъулаб ахӀвал-хӀал гӀуцӀизе тIадаб букIиналъул.

Гьединго абуна щибаб росулъ жамагIаталго гIахьаллъарал ифтарал гьаризеги кколилан.

Хасго кӀвар буссинабуна рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къоялдаса байбихьун закагӀат босизе ва букӀине кколеб къагӀидаялъ бикьизе хӀадурлъиялъул суалалде, абуна закагӀат босизе мустахӀикъал чагӀазул сияхӀал цӀигьаризе кколиланги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....