Аслияб гьумералде

Мажгиталъе кумек гьабулеб буго

Мажгиталъе кумек гьабулеб буго

Мажгиталъе кумек гьабулеб буго

Республикаялъул бетIер Сергей Меликовас лъазабуна Ленинкенталда балеб бугеб мажгиталъе гIарцудалъун жинцаги кумек гьабизе бугин абун.

Мажгит балеб буго СВОялда хварал гIолохъаби-бахIарзазул цIаралда, гьел ракIалдещвезариялъул мурадалда. ТIоцебе гьединаб пикру загьир гьабунги букIана Месей ГIусмановалъ. Гьей ккола СВОялда къадаралде щварав, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Сунгур ГIусмановасул эбел.

Мажгит базе байбихьана 2024 соналъул июлалда. ГьабсагIат гьелъул тIоцебесеб тIала бан бахъун буго. Гьенибе харж гьабураб 6 миллион гъурущ бакIарун буго СВОялда ругел гIолохъабазул гIага-божаразул кумекалдалъун.

Месей ГIусмановалъ цоги нухалда баркала кьуна Меликовасе гьабулеб бугеб кумекалъухъ.

Республикаялъул бетIерасги абуна живго лъикIав лъугьун гьоркьоса къотIичIого хадуб хъаравуллъи кквезе бугин мажгит бан бахъинегIан ва гьеб лъикIаб ишалъул рахъккунин ДРялъул муфтияталъги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...