Аслияб гьумералде

«Кумекалъ» кумек гьабула

«Кумекалъ» кумек гьабула

Дагъистаналъул муфтияталда цебе рагьун буго ва МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул майданалда хIалтIулеб буго хӀалалал инвестициязул ва рассрочкабазул «Кумек» абураб цIаралда гъоркь хасаб центр. Проекталъул аслияб хаслъи ккола кинабго хайир «Инсан» фондалъе кьезе букIин, гьелъ социалиял проектал гӀумруялде рахъинариялъе гIоло.

Центр рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана муфтияталъул, Россиялъул банкалъул ва регионалиял министерствабазул вакилзаби. Центробанкалъул филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисовас абуна республикаялда партнерлъиялъулаб (исламияб) финансирование цебетӀезабиялъул божилъи бугеб тӀоцебесеб гали тIамунин ва рагIи кьуна сундуего квербакъи гьабизе бугин абун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...