Аслияб гьумералде

Лъималазе риидалилал курсал

Лъималазе риидалилал курсал

Лъималазе риидалилал курсал

КватIичIого республикаялъул щибаб мажгиталда лъималазе рагьизе руго динияб лъай кьолел риидалилал курсал.

Гьеб лъикIаб ишалде гьанжего хIадурлъи гьабулеб буго ДРялъул муфтияталъ. Масала, гьединаб мурадгун тIоцебесеб данделъи тIобитIана ДРялъул муфтиясул заместитель Мугьаннад Ас-Сакъал нухмалъиялда гъоркь.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул батIи-батIиял округазда ругел вакилзабаз, гIелмияб отделалъул ва «Инсан» фондалъул хIалтIухъабаз.

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...