Аслияб гьумералде

МухIарамкент районалда тIобитIана конференция

МухIарамкент районалда тIобитIана конференция

14 декабралда, МухIарамкент районалда, тIобитIана МухIаммад Ярагъияв гьавуралдаса 250 сон тIубаялда бан конференция.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна пачалихъиял идарабазул, гIелмиялгун жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз, батIи-батIиял шагьараздасагун районаздаса рачIарал гьалбадерица.

Конференция рагьана районалъул бетIер Фарид АхIмадовас ва гьес киназего саламги кьун баркала загьир гьабуна МухIаммад Ярагъиясул ватIаналде гьоболлъухъ рачIаразе.

Гьединго Фарид АхIмадовас баркала кьуна республикаялъул муфтияталъе ва хас гьабун шайих АхIмад-афандие гьадинал мажлисал гьариялъе квербакъулеб букIиналъухъ.

Конференциялда кIалъазе рахъана муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадов, муфтияталъул югалъулаб округалда вугев вакил ХIусен ХIажиев, Сулейман-СтIал районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ГIумаров, МухIаммад Ярагъиясул цIаралда бугеб мадрасалъул директор, шаргIиял гIелмабазул доктор МухIаммад-ГIариф Рамазанов, гIалимчи, хIафиз Ибрагьим АхIмад аз-Зубаджи (Йемен), журналист, политолог Ханжан Къурбанов, Ставрополь шагьаралъул Думаялъул депутат Казбек Агъаларов ва МухIарамкент районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалихан Сефиханов.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...