Аслияб гьумералде

Школа лъугIун унезулгун дандчIвай

Школа лъугIун унезулгун дандчIвай

СанигIортIа росдал мадрасалда тIобитIана школа лъугIун унезулгун дандчIвай.  Гьел кIодо гьаруна батIи-батIиял сайгъатаздалъун хасго лъикIаб къимат кьуна Къуръан лъугIизабуразе.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналда бугеб хIифз-централъул директор Насрулла Абубакаровасги. Гьев ккола Дагъистаналъул муфтилъун вукIарав СайидмухIаммад Абубакаровасул вас.

 

 

 

 

 

 

ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан Рамазановасул хIарака-талдалъун районалъул росабазул школал лъугIаразулгунги дандчIвай тIобитIана тIабигIаталдеги рахъун.  Гьениб бицана гIолилазул хьвада-чIвадиялъул, гьаруна вагIза-насихIатал ва тIаде гIолеб гIел ахIана умумуздаса мисал босун хIалтIизе.  

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...