Аслияб гьумералде

ТоргIо хIан бергьана

ТоргIо хIан бергьана

МахӀачхъалаялъул «Труд» стадионалда тӀобитӀана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазда гьоркьоб регионазда гьоркьосеб волейбол хIаялъул рахъалъ къец.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна ичӀго командаялъ. ГӀурабго къеркьеялдаса хадуб Шамил районалъул командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ ва кубок. КӀиабилеб бакӀ щвана Хунзахъ районалъул спортсменазе, Табасаран районалъул командаялъ босана мазгарул медалб.

Чемпионазда бергьенлъи баркана ДРялъул спорталъул министрасул заместитель ХIайдарбек ХIайдарбеговас, «МугӀрузул ракӀалдещвеял» абураб гӀуцӀиялъул нухмалъулев МахӀач Шамиловас ва хасал рагъулал операциязул ветераназул ишазул рахъалъ отделалъул нухмалъулев Шамил Мусаевас.

Гьалбадерица бицана гьединал турнирал кколин унго-унгояб гӀумруялъул школа, гьениб лъугьунин командаялъулаб рухӀ, цоцазе квербакъи, рагъулаб гьудуллъи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...