Аслияб гьумералде

ДРялъул бетIер Сергей Меликов вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе. Гьес рухIияв цевехъанасда баркана 66 сон тIубай ва кьуна ракIалде щвеялъе сайгъат. Сергей Меликовас шайих АхIмад-афандие баркалаги кьуна республикаялда ва гьеб баху

ДРялъул бетIер Сергей Меликов вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе. Гьес рухIияв цевехъанасда баркана 66 сон тIубай ва кьуна ракIалде щвеялъе сайгъат. Сергей Меликовас шайих АхIмад-афандие баркалаги кьуна республикаялда ва гьеб баху

ДРялъул бетIер Сергей Меликов вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе. Гьес рухIияв цевехъанасда баркана 66 сон тIубай ва кьуна ракIалде щвеялъе сайгъат.

Сергей Меликовас шайих АхIмад-афандие баркалаги кьуна республикаялда ва гьеб бахун къватIиб гьабулеб бугеб хIалтIухъ, рекъел букIинабиялъул мурадалда бахъулеб хIаракаталъухъ. Гьединго гьез бицана диназда гьоркьоб бугеб хIалалъул ва гIолилазе битIараб тарбия кьеялда тIадечIей гьабизе ккеялъул.

ТIадчIей гьабуна СВОялда ругел гIолохъабазе гьабулеб бугеб кумекалда ва республикаялъул бетIерасулгун муфтиясул хIаракаталдалъун гIагараб заманалда жаниб битIизе буго 20 тонна батIи-батIияб къайи-цIаялъул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...