Аслияб гьумералде

Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул Россиялда вугев посол Файсал Нияз Тирмизи вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тӀуразарулев, Россиялъул БахӀарчи Темирлан АбутӀалимов, ДРялъул экономикияб министерствоялъул нухмалъулесул заместитель Шамил ГIаммаев, Россиялда вугев Пакистаналъул вакиласул гIакълучи Мунир ХӀабиб ва посоласул кумекчи Эмилия Дажук.

«Дир анищ букӀана Дагъистаналде щвезе», - ян абуна посолас ва бицана Расул ХIамзатовасулгун букIараб лъай-хъваялъул хIакъалъулъ. Бицана республикаялъул бетӀерасул ишал тӀуралесулгун букIараб дандчӀваялъул ва цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабизе ресал ругел рахъазул.

Шайих АхӀмад-афандица кӀвар буссинабуна Россиялъул президент Владимир Путиница Дагъистаналде ва гьелъул халкъалде кьолеб хасаб кӀваралде.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...