Аслияб гьумералде

«Школалде битIизе лъимер хIадур гьабе»

«Школалде битIизе лъимер хIадур гьабе»

«Школалде битIизе лъимер хIадур гьабе»

 

Гьединаб ахIиялда гъоркь «Инсан» фондалъул Казбек районалда бугеб филиалалъ Дилим росулъ тIобитIана хасаб акция.

Гьеб ишалъул гIуцIарухъабазул кумек щвана районалъул 120 лъимадуе.

Районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадрасул МухIаммадрасуловас бицана мадрасазда цIалулел лъималазе гIаммаб лъай кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

- ВукIинисев гIалимасда лъазе ккола математикаги, астрономияги ва цогидал предметалги. Гьев вукIине ккола сундулго рахъалъ цеветIуравлъун, цогидазе мисал бихьизабулевлъун. Гьединлъидал щибаб лъимадуе лъай кьезе хIаракат бахъизе ккола нилъер щивас, - ян абуна М. МухIаммадрасуловас.

Гьес баркала загьир гьабуна «Мир одежды и обуви» абураб тукадул бетIергьабазе, жидер ахIиги къабул гьабун, акциялъул рахъ ккуралъухъ.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....