Аслияб гьумералде

Бер ккеялдаса цIунулел

Бер ккеялдаса цIунулел

«Ихлас», «Фалакъ» ва «Ннас» сураби рещтIиналъе сабабал

 

Тирмизияс, ХIакимица ва ибну ХIузайматица бицана Убаю бин КагIбидидасан: «Капурзабаз Аварагасда ﷺ абула: «Дуца нижее Аллагьасул сипат гьабе», - ян. Цинги Аллагьас ﷻ аят рещтIуна: «Дуца абе, МухIаммад, Гьев Аллагь цо вуго», - ян. Анасидасан бицунеб буго: «Цо ягьудияв вачIуна Аварагасухъе ва абула: «Я Абал Къасим, Аллагьас ﷻ малаикзаби рижана нуралдаса, Адам вижана хIарщудаса, иблис бижана цIаялдаса, зоб - кIкIуялдаса ва ракь - лъел полопалдаса, Дуца нижее бице дурго БетIергьанасул хIакъалъулъ», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьечIо. Хадуб Жибрил малаик вачIуна сура «Ихласги» босун. Гьеб ккола Маккаялда рещтIараб.

Имам Байгьакъияс «Далаилу Ан-нубуват» тIехьалда хъван буго ибну ГIаббасидасан бицанин: «Цо нухалъ Авараг ﷺ унтула. Цинги гьесухъе вачIуна кIиго малаик, цояв гIодов чIола гьесул бетIералда аскIов ва цогидав гIодов чIола хIатIазда аскIов. ХIатIазда аскIов вугев малаикас хитIаб гьабун абула бетIералда аскIов вугев малаикасда: «Дуда щиб бихьулеб?» - ян. Гьес абула: «ТIубба бихьулеб буго», - ян. Дос жеги цIехола: «ТIубба щиб кколеб?» - ян. Гьес бицуна сихIру кколин. Хадуб дов малаикас цIехола гьав малаикасда: «СихIру гьабурав чи щив кколев?» - ян. Гьес жаваб кьола: «Лубайд бин Ал-АгIсам ягьудив ккола», - ян. Хадубги цIехола киб бакIалда гьеб сихIру бугебин. Цогидав малаикас абула: «Пуланав чиясул гъуялда бугеб ганчIида гъоркь, торгIоялда жаниб бугин. Хадуб гьел рачIуна гъуялде аскIоре, гьениб бугеб кинабго лъим буххула ва борхун гамачIгун торгIо босула ва гьеб бухIула. Радал Аварагас ﷺ цо къокъагун цадахъ витIула ГIамру бин Яср. Гьел гъуялде аскIоре рачIиндал гьесда гьезда лъим бихьула хванаялда релълъун лъугьун. Кинабго лъим нахъе тIола ва гамачIги борхун доб торгIо къватIибе бахъун бухIула. Хадуб гьезда бихьула гьелда жаниб букIараблъи анцIила цо бухьараб гарацI. Цинги Аварагасухъе ﷺ рещтIуна «Фалакъ» ва «Ннас» сураби. Щибаб аят цIалидал цо-цоккун гарацI бичун бачIуна.

Абу НугIаймица бицунеб буго «Далаил» тIехьалда, Анас бин Маликидасан: «Пуланав ягьудияс Аварагасе ﷺ гьабула цо жо. Гьеб сабаблъун Авараг кутакалда унтула. Цинги гьесул асхIабзаби гьесухъе раккизе рачIуна. Гьелдаса хадуб ЖабрагIил малаик вачIуна доб кIиябго сура босун ва гьесде гьеб цIалула. Цинги Авараг ﷺ жиндирго асхIабзабазухъе вачIуна унтунго вукIинчIев гIадин. Гьел кIиялго сураби ккола Маккаялда рещтIарал.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...