Аслияб гьумералде

Кьишниялдаса бацIцIад гьабуна

Кьишниялдаса бацIцIад гьабуна

Кьишниялдаса бацIцIад гьабуна

 

ХIежалде арал дагъистанияз бихьизабуна цIакъго лъикIаб мисал. Гьез кьишни-къулалдаса бацIцIад гьабуна Маккаялъул ан-Нур абураб мегIер.

Гьеб магIарда буго нилъеда киназдаго лъалеб ХIираалъул нохъо. ТIоцебе гьениб бачIана МухIаммад аварагасухъе ﷺ вахIюги.

Гьеб нохъоде зиярат гьабизе рачIуна аза-азар хIажизаби. Гьайгьай, гьенире рачIараз жидедаго хадуб гьениб тола кьишниги.

ГIизраил МухIаммадбасировасул нухмалъиялда гъоркь хIеж борхизе арал Дагъистаналдаса хIажизабиги щвана гьенире зияраталъ. Гьениб бугеб лъикIаб гуреб хIалги бихьун, гьез гьеб мегIер бацIцIадги гьабуна кьишни-къулалдаса. 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...