Аслияб гьумералде

Столалда теннис хIана

Столалда теннис хIана

Столалда теннис хIана

Республикаялъул волейболалъул централда бихьиназда ва руччабазда гьоркьоб тIоритIана, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил призалъе гIоло, столалда теннис хIаялъул рахъалъ къецал. 

Турниралда гIахьаллъи гьабуна тIубараб улкаялдасаго бищун къуваталлъун рикIкIунев 27 спортсменас.

ТIолгороссиялъулаб турнир рагьиялъулаб тадбиралда жиндирго гьунарал рихьизаруна ГIумар ХIанапиевасги.

Хадур тIоритIарал къецазда бергьенлъи босана Дагъистаналдаса теннисист Расул Назировас. Гьев ккола Россиялъул анкьцIул чемпион, 12 нухалда Россиялъул Кубокалъе мустахIикълъарав спортсмен, Паралимпиялъул хIаязул гIахьалчи.

Бергьарал ва гIахьаллъи гьабурал кIодо гьаруна грамотабаздалъун, медалаздалъун ва гIарцулал сайгъатаздалъун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...