Аслияб гьумералде

ГIалимзаби муфтиясухъ

ГIалимзаби муфтиясухъ

ГIалимзаби   муфтиясухъ

29 ноябралда Дагъистаналъул муфти АхIмад апандиясухъе рачIун рукIана республикаялъул машгьурал диниял гIалимзаби. Шайихгун дандчIвана ГIахъуша районалъул имам ГIабдулла-хIажи ХIажимаргучевги, динияв гIалим МухIаммад АрслангIалиевги, ГIали-хIажи ГIахъушиясул цIаралда бугеб мажгиталъул имам МухIаммадшамил Мирзаевги, гьединго муфтиясул заместителалги кумекчагIиги. Дагъистаналъул ГIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад апандица диниял гIалимзабазе баркала кьуна лъай кьеялъул рахъалъ регионалда гьез гьабулеб бугеб хIалтIухъ. Муфтияс абуна, Дагъистаналда чIара-хьараб ахIвалхIал букIиналъеги парахатаб гIумруялъеги кьучIлъун кколин гIалимзабазул цолъиги гьез цоцазул адаб гьабигиян абун.

УФСиналъул начальникгун дандчIвана

ДРялъул муфтиясул кумекчи МухIаммад МухIаммадов дандчIвана Россиялъул ФСИНалъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул начальник Андрей Поляковгун. ДандчIваялда Андрей Поляковас лъикIаб къимат кьуна республикаялъул Динияб идараялъулги УФСИНалъулги бухьеназе ва туснахъалда ругел дагъистаниязулгун муфтияталъул хIалтIухъабаз гIуцIулел тадбиразе. МухIаммад МухIамадовас Андрей Поляковасе кьуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад апандияс гъулбасараб Баркалаялъул кагъат, ай Дагъистаналъул туснахъазда ругел гIадамазе дин гьабизе ихтияр кьуралъухъ.

Анкьго чи хвасар гьавуна

26 октябралда Калининград областалъул Балтийск шагьаралда цIа рекIана гIемертIалаяб минаялда. ЦIадул балагьалде ккарал гIадамал хвасар гьаризе хIаракат бахъана ралъдал пехотаялда рагъулаб хъулухъ тIубалев вугев Дагъистаналдаса Ражаб Ризвановасги гьесул гьудул ПирмухIамад ХIусеновасги. Гьелъул хIакъалъулъ бахIарчиял дагъистанияз бицана Инстаграммалъул рагьараб эфиралда Дагъистаналъул муфтиясул кумекчиясулгун букIараб гара-чIвариялда.

Карантин лъазабуна

Дагъистаналда цо чанго школаги лъималазул ахги къан буго, гриппалъги ОРВИялъги лъимал унтиялда бан. «Гриппалъулги ОРВИялъулги эпидемия байбихьаралдаса нахъе, школалда цIалулел ва лъималазул ахазде хьвадулел гьитIичал унтиялда бан, Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ къабул гьабуна 45 постановление. ГьабсагIаталда карантин лъазабун буго 42 школалдаги лъималазул лъабго ахалдаги», - ян хъван буго рехсараб идараялъул сайталда. Карантин лъазабула лъай кьеялъул идараялде хьвадулел яги цIалулел лъималазул къогоялдаса цIикIкIун процент дарсазда камун бугони.

Инхо рагьана цIияб мажгит

Гумбет районалъул Инхо росулъ рагьана Инхоса СагIидил цIар лъураб мажгит. Гьев кколаан имам Шамилил наиб. Мажгит рагьиялъул мажлисалда гIахьаллъана муфтиясул заместитель МухIаммад Мангуев, муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаев, Ставрополь краялъул муфтиясул заместитель, гIараб филологиялъул доктор Шигьабудин ХIусенов, Хьаргаби районалъул имам Тажудин ГIабдулаев, районалъул бетIер Галип Галипов, росдал бегавул ГIумарасхIаб Расулов ва цогидалги.

«Улыбка» абураб лъималазул ахил гьитIичаз гьалбадерие цIалана кучIдул. Республикаялъул машгьурал гIалимзабаз мажлисалда гьаруна вагIзаби. Байрамалъул тадбиралде рачIарал гIадамал асир гьаруна ХIамзалав ХIамзаловас ахIарал нашидазги.

Баркалаялъул кагъталгун къиматал сайгъатал кьун рази гьаруна мажгит базе кумек гьабурал гIадамал: ГIахьвахъ районалъул вакил, меценат ХIамзат Сахратулаев, цевеккун росдал имамалъун вукIарав ГIумархIажи ГIумархIажиев ва тIоцебесеб къоялдаса байбихьун ахиралде щвезегIан мажгит базе жигаралда хIалтIарал Инхо росулъа ЮнусхIажи ХIамзатовги, МухIаммад ГIабдулхIалимовги, ГIалиасхIаб ГIумардибировги.

«Инсан» фондалъул къиматаб сайгъат

Мухьдахъ ккураб рокъоб Избербашалда гIумру гьабулей йикIана ункъо лъимадул эбел Наида Адаева. Эмен гьечIел бесдалалгун къватIий хутIана гьей, исана май моцIалда цIа ккеялъул балагьалдалъун рукъалдасаги махIрумлъун. Рукъалда цIа рекIараб мехалда гьей йикIана хIалтIуда ва рокъор рукIана жалго лъимал. ЦIадул балагьалдалъун гIумруялдаса батIалъана гьелъул кIиго лъимер – лъабго ва щуго сон барал. ЧIаго хутIараб кIиго лъимерги Наидаги къотIноре ккана.

Гьеб къваридаб хIалалда бугеб хъизамалъе кумек гьабуна «Инсан» фондалъ. Хехал тадбиразул хIасилалда бакIарана кIиго миллионалдаса цIикIкIун гъурущ ва гьелъухъ босана Избербашалда цIияб квартира. Наидада цIияб рукъ баркана «Инсаналъул» генералияв директор МухIамадрасул АхIмадовасги ДРялъул муфтиясул заместитель ГIабдула Салимовасги.

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...