Аслияб гьумералде

ХIежалда лъимер хвасар гьабуна

ХIежалда лъимер хвасар гьабуна

ХIежалда лъимер хвасар гьабуна

БежтIа участокалъул централияб больницаялъул хехаб кумекалъул тохтур Аида ГIабдурахIмановаги йикIана исана хIежалда. Гьениб гьелъ, хехаб кумекги гьабун, хвасар гьабуна Африкаялдаса хIеж борхизе ячIарай гIаданалъул лъагIел бачIеб лъимер.

Аидада бихьана хIухьелги босизе кIоларого лъимер гъанкъун лъугIулеб букIин ва аскIор рукIаразда гьелъие гьабизе кIолеб кумек букIинчIо. Гьеб заманалда тIаде щварай дагъистаниялъ хехаб куцалда тIоцебесеб кумек гьабуна лъимадуе ва гьеб хвалдаса хвасарлъана.

Аидал гьеб тавакалаб ишалъе къимат кьуна «Марва» компаниялъул генералияв директор Булат Къурбановас. Гьев Маккаялда дандчIвана хIажияйгун ва гьелъие сайгъат гьабуна гIумраялде чIобого ине ихтияр кьолеб путевка.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...