Аслияб гьумералде

МутагIилзабазда гьоркьоб къец

МутагIилзабазда гьоркьоб къец

Игьали росулъ тIобитIана Гумбет районалъул мутагIилзабазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ къец. Гьелда гIахьаллъи гьабуна 24 командаялъъ.

Районалъул имамзабазул советалъул председателасул кумекчи СайидхIусен ХIамзатовас бицана турнир тIобитIиялъул аслияб мурад бугин тIаде гIолеб гIелалда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи щула гьаби. 

Анлъабилелдаса бахъараб 11-абилеб классалде щвезегIан цIалулезда гьоркьор ккана гьадинал хIасилал:

1 бакI ккуна Игьали росдал командаялъ. 

2 бакI щвана ЦIиликь росдал командаялъе. 

3 бакI – Гъоркьа Инхо росдал командаялъе. 

Анлъабилеб классалде щвезегIан цIалулезда гьоркьоб:

1 бакI – ЛъаратIа росдал командаялъе. 

2 бакI – чIиркъатIисезе.

3 бакI – мелъелтIисезе.

Турниралъул ахиралда баркала загьир гьабуна Игьали росдал жамагIаталъе ва турнир тIобитIизе хIаракат бахъаразе.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...