Аслияб гьумералде

Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец

Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец

Казбек районалъул Дилим росулъ рагIалде бахъана Къуръан цIалиялъул рахъалъ республикаялъулаб къец.

Къец лъугIиялъул хIасил гьабураб мажлисалда гIахьаллъана муфтиясул заместитель, шаргIиял гIелмабазул доктор АхIмад МухIаммадов, шаргIиял гIелмабазул доктор МухIаммад МухIаммадов, муфтияталъул вакил ИзрагIил МухIаммадбасиров, районалъул имамзабазул советалъул председатель АмиргIали Абубакаров.

Конкурс тIобитIана анлъго номинациялда рекъон.

«Къуръаналъул лъеберабилеб жуз рекIехъе цIали» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ГIабдула ГIисаевас, кIиабилеб бакI – МухIаммадхIажи Саиповас, лъабабилеб - Зайд Шапиевас.

«Бокьараб щуго жуз рекIехъе цIали» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна МухIаммад Ибрагьимовас, кIиабилеб – МухIаммадгIазиз ГIисаевас, лъабабилеб – Жамалудин ГIалихановас.

«Къуръан рекIехъе цIали» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ГIамир МухIаммадовас, кIиабилеб бакI – Билял ХIайдарбековас, лъабабилеб – Набиюллагь Къурбановас.

«Берцинго ва битIун Къуръаналъул цо тIамач цIали» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна СалахIудин ГIизудиновас, кIиабилеб бакI – МухIаммад ГIалиевас, лъабабилеб – Шамил Батирмирзаевас. «Берцинго как ахIи» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ГIали МухIаммадовас, кIиабилеб – АхIмад КъурбанисмагIиловас, лъабабилеб – Шамил Батирмирзаевас.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...