Аслияб гьумералде

«ГIолохъанав теологасул школа»

«ГIолохъанав теологасул школа»

«ГIолохъанав теологасул школа»

Дагъистаналда бугеб «Каспий» санаториялъул базаялда тIобитIана «Школа молодого теолога» абураб цIаралда гъоркь Халкъазда гьоркьосеб гIолилазул форум рагьиялъул тадбир.

Гьеб гIуцIун букIана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъ, лъай кьеялъулгун гIелмуялъул ва исламияб культураялъул фондалъул кумекалдалъун.

Форумалда гIахьаллъи гьабуна пачалихъияб власталъул вакилзабаз, диниял ва жамгIиял гIуцIабазул церехъабаз, гIелмияб интеллигенциялъ ва СМИязул хIалтIухъабаз.

Форумалда гIахьаллъана Москваялдаса, Орелалдаса, Саратовалдаса, Краснодаралдаса, Ставрополалдаса, Татарстаналдаса, Вологдаялдаса, Ульяновскиялдаса ва цо-цо къватIисел улкабаздаса 120-гIанасев чи.

КIалъазе вахъарав ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас, киназего саламги кьун, абуна: «Нилъер ракI унтизе ккола гIолеб гIелалда хадуб. Гьел битIараб нухде ккезариги буго нилъеда тIадаб иш. Теологиялъул хIакъалъулъ абуни, жакъа гьеб буго бищун кIвар бугеб профессия. Теологасда лъазе ккола гIемераб жо ва гьев вукIине ккола сундулъго цеветIуравлъун», - ян.

Республикаялъул муфтияталъул председатель ГIабдула Салимовас бицана цо-цояз цIакъ хIаракат бахъулеб бугин нилъер улкаялда терроризмалъулгун экстремизмалъул идеяби рилълъанхъизариялъул мурадалда, динги гьоркьобккун, хIалтIи гьабизе.

«Хасго гьеб къагIида загьирлъана СВО байбихьаралдаса. Амма нилъер масъала буго гьединал ишаздаса ва гIадамаздаса нилъерго дин цIуни, хасго гIолохъабазул лъайги хIалтIизабун. Гьеб ишалъулъ нилъ нахъе къан чIезеги бегьуларо», - ян кIалъана ГIабдула Салимов.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....