Аслияб гьумералде

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как»

«Имамасда хадуб 40 рогьалил как» абураб марафон тIобитIана тIаде гIолеб гIелалда гьоркьоб ЦIобокь-Миякьоб росулъ. Гьеб ишалъухъ хIаракатчагIазе щвана Дагъистаналъул муфтияталъул рахъалдасан Баркалаги.

Марафон лъугIун хадуб росдал мажгиталда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ва гIахьалчагIазегун гIуцIарухъабазе баркала кьуна ДРялъул муфтияталъул председатель ГIабдулла Салимовас. Гьес Баркалаялъулаб кагъат кьуна росдал имам ГIумар МухIаммадовасе.

Марафоналда гIахьаллъарал лъималазейин абуни щвана батIи-батIиял сайгъаталгун шапакъатал. Гьезул умумузда гьоркьоб можоро рехана гIумраялде ине ихтияр кьолеб путевка щвеялъе ва кIиабилеб путевкаялъе можоро рехана гьалбадерида гьоркьобги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...