Аслияб гьумералде

Зигара бана

Зигара бана

Гъарачай-Черкесиялъул муфти ИсмагIил-хIажи Бердиев къадаралде щвеялда бан, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица бараб зигараялда абулеб буго гьев вумашгьурав динияв хIаракатчи ва гьес жиндирго тIолабго гIумру кьунин ислам лъазабиялъеги гьеб цебетIезабиялъегиян.

«ИсагIил-хIажи вукIана гIакъилав чи. Гьесда лъалаан рагIи абизе кколеб бакIалда гьеб абизеги вуцIцIун чIезе кколелъуб вуцIцIун чIезеги. ТIолабго Северияб Кавказалъул халкъаз гуребги гьесул хIурматги гьабулаан Россиялъулго гIадамаз.

ЛъикIав инсан къадаралде щвеялда бан зигараги балаго, БетIергьанасда гьарула гьев Алжаналъул агьлулъун гьавун ватагиян», - абун хъвалеб буго ДРялъул муфтияс гьабураб зигараялда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...