Аслияб гьумералде

35 азарго чияс гIахьаллъи гьабуна

35 азарго чияс гIахьаллъи гьабуна

Дербент шагьаралда, улкаялдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб фонтаналда аскIоб, тIобитIана республикаялъулаб ифтар.

Гьениб сверухълъи букIана кутакалда берцинго къачIан, гIумраялде ине изну щолеб анлъго путевкаялъе рехана можоро, ахIана нашидал.

Бищун къиматав гьоболлъун гьенив вукIанин абизе бегьула дунялалдаго машгьурав нашидал ахIулев МустIафа Атефа.

Республикаялъулаб ифтаралда гIахьаллъи гьабуна Динияб идараялъул вакилзабаз, пачалихъиялгун жамгIиял хIаракатчагIаз, спортсменаз, Дагъистаналде рачIарал цо-цо туристаз ва гьалбадерица.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...