Аслияб гьумералде

«Инсаналъул» хIаракаталдалъун Палестинаялъе кумек

«Инсаналъул» хIаракаталдалъун Палестинаялъе кумек

«Инсаналъул» хIаракаталдалъун Палестинаялъе кумек

«Инсан» фондалъ лъазабуна Палестинаялъул Гъазалда ругел гIадамазе кумек гьабизелъун 30 миллион гъурущ бакIарулеб бугин абун.

Октябрь моцIалдаги бакIарун букIана 20 млн гъурущ.

Фондалда бицухъе, гьезул вакилзаби руго Египталда ва гара-чIвариял гьарулел руго гуманитарияб кумек Палестинаялде щвезабиялъе ресал ратиялда тIасан.

«Гьанже хIажатазухъе кумек щвезабизелъун нухал ратараб мехалда, палестинаялъулазе цIидасанги кумек гьабиялъул мурадалда бакIарулеб буго гIарац», - ян бицана фондалъул хIалтIухъабаз.

Кумекалъулаб квер бегьизе бокьараз пайда босизе бегьула гьаб приложениялдаса: https://clck.ru/36c3eG

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...