Аслияб гьумералде

Вейпал гьукъи

Вейпал гьукъи

Дагъистаналда вейпал гьукъизе кколин абураб пикру загьир гьабуна республикаялъул бетIер Сергей Меликовас.

Гьединаб пикру загьир гьабураб хитIаб гьабуна регионалъул бетIерас РФялъул Пачалихъияб Думаялде ва гьарана никотин гъорлъ бугеб продукция гьукъиялъул мурадалда Дагъистан гьабизе бегьилаанин хIалбихьиялъулаб регионилан.

РФялъул Пачалихъияб Думаялде битIараб документалда бихьизабулеб буго хъалиябаздаса пайда боси дагьлъарабгIан вейпал хIалтIизарулел гIемерлъулел ругин абун. РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, электрониял хъалияби рухIизе ругьунлъулел руго жеги балугълъиялде рахинчIел гIолилалцин.

Гьединлъидал гьеб рахъалде чара гьечIого кIвар кьезе кколин лъазабуна С. Меликовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...